ГІабдуллагь ибн ГІабдул МутІтІалибDOopass T Nnefa bog rro
| ГІабдуллагь ибн ГІабдул МутІтІалиб | |
| гӀар. عبدالله بن عبد المطلب | |
| ХIалтIи: |
базарган |
|---|---|
| Гьавураб къо-моцI: |
545 |
| Гьавураб бакI: |
Макка |
| Хвараб къо-моцІ: |
570 |
| Хвараб бакI: |
Мадина |
| Вукъараб бакІ: |
Джаннат аль-Муалля[d] |
| ГIумруялъул бана |
25 сон |
| Миллат: |
гІарабав, къурайшияв, Гьашимияв |
| Эмен: |
ГІабдул МутІтІалиб |
| Эбел: |
ФатІима бинт ГІамр |
| Лъади |
Амина бинт Вагьб |
| Лъимал: |
МухІаммад
|
| БатІияб: |
МухІаммада авараг |
- Википедиялда руго цойги гьадинабго цІаргун ГІабдуллагь ва нисбагун Къураший гІадамазул хIакъалъулъ цойги макъалаби.
ГІабдулла́х ибн ГІабд аль-МутІтІа́либ аль-Курайши́й (гӀар. عبدالله بن عبد المطلب; 545, Макка — 570, Мадина) — МухІаммад аварагасул
эмен ва ГІабдул МутІтІалибил вас.
Биография[хисизабизе | вики-текст хисизабизе]
- Къурбаналъе вачин
ГІабдуллагь вукIана ГІабдул МутІтІалибие кутакалда вокьулев васлъун. Гьев гьедун вукIана, жиндие 10 вас гьавуни цояв къурбаналъе гьавизе вугоян. Цо чанго соналдасан, васал кIудиял гIедал гьесда ракIалда щола жиндицаго кьун букIараб къотIи. Гьев анцIасулго кинав вас къурбаналъе хъвезе вугеван можоро рехидал, гьеб ккола ГІабдулллагьиде. Къурайшиязул гIакълуялда нахъ вилълъун ГІабдул МутІтІалиб нахъ вуссуна жиндицаго гьабун букIараб къотIиялдаса ва жиндирго васасул бакIалда гьес къурбаналъе хъола 100 варани[1][2].
- ЧIужу ячин
Цогиязда данде ккун ГІабдуллагь батIа вахъулев вукIана гIажаибаб берцинлъиялдалъун, лъикIаб, берцинаб тIабигIаталдалъун. Гьединлъидал гIемерисел руччабаз нахъе чIвазе вукIинчIо гьев ригьинги босун вачIун вукIаравани.[3]. 569 соналъ Абдуллагьица ячана цIар рагIарай яс Амина бинт Вагьб ва гьел кIиязего гьавуна хирияв МухІаммад авараг
. Кинго вас гьавилалдего ГІабдуллагь хвана[1].
- Хвел
Холеб мехалда ГІабдуллагь ибн ГІабдул МутІтІалибил букIана 25 сон. ТарихчагIазул баяназда рекъон, ГІабдуллагь вахъун вукIан бича-хисиялъе Шамалдехун, гьенивеги щвечIого нухда захIматго унтун, Мажинаялде щвараб мехалъ хвана гьев.Цоги баяназда рекъон ГІабдуллагь холеб мехалъ аварагасул
букIанин хъвалеб буго 2 моцI[1].
ХІужаби[хисизабизе | вики-текст хисизабизе]
- ↑ 1,0 1,1 1,2 А. Али-заде, 2007
- ↑ Абдалла и Амина — Mukmin.Narod.Ru
- ↑ Рождение и детство Пророка Мухаммада — Muhammad-SAS.Ru
Адабият[хисизабизе | вики-текст хисизабизе]
- Али-заде, А. А. Абдулла ибн Абд аль-Муталлиб (архив ) // Исламияб энциклопедияб къамус. — 400 с. — (Золотой фонд исламской мысли). — 3000 экз. — ISBN 5-98443-025-8
- Rubin, Uri. ʿAbdallāh b. ʿAbd al-Muṭṭalib // Encyclopaedia of Islam, THREE. Brill Online
- Farzaneh, Babak; Lahouti, Hassan. ʿAbd Allāh b. ʿAbd al-Muṭṭalib // Encyclopaedia Islamica.